Магомед Гамзаев МАГIАРУЛ МАЦI ДАИМ ЦIУНИЗЕ БУГО Гьаб ракьалда буго анкьазарго мацI, Микьазарго жеги тIаде жубани, Гьелги рахунаро дир хирияб мацI Дур борхалъиялде пасихIлъиялде. МагIарул чиясул чорхол тIабигIат, Чабхил сухъмахъазда хъудараб тарих, Хъамал гьабулезе кин жаваб кьелеб, Камилаб, гIужилаб магIарул калам. Имам Шамилица бицараб мацIалъ Берцинго кIалъазе лъимал гьукъизе, Лъий макьу толареб нилъер кьурабаз Кьал къотIаралдаса къарнуги анин. МугIрузда рекъараб, къватIиб берцинаб Къадру тIадегIанаб магIарул калам. Кинал ахIмакъаца къанунги бахъун КъотIизе гьабулеб дур гьаракь нижей. Те Дагъистаналъул мугIрузда гIураз МагIарул мацIалда цIарал ахIизе. Биччай умумузул бицен-кицабаз Куцазе гIолезулъ магIарул гугьар. Мукъулукъ хIалтIулел хIарпаз абуралъ ХIикматаб гьабула рекIее асар. Рагьарал гьаркьаца кьурал дарсаца Кьерилаз росана меседил чIелал. Аллагьас нилъее нигIматлъун кьураб МагIарул мацI даим цIунизе буго. ЦIиял гIелазда гьеб кIочон хутIани Хвана магIаруллъи, лъугIана миллат. Бицунге дир гъасда гъурбаталъул мацI, Гьеб къватIиб рагIараб гIунги тIокI бугин. Те дун гIенеккизе магIарул кIкIалахъ КIeрекъарал гьаркьахъ, гьез кьолин къуват.